Difference between revisions 50791 and 68151 on avwiki

{{delete|plagiarism}}
'''Алмахъ'''

Росдал гIадамазе цIакъ бокьула жидерго росдал цебесеб история лъазе. ГIолилаца гIемер нухалда цоцазда гЬоркъоб кIалъай гьабула нилъер умумузул цебесеб заманалъул хIакъалъулъ баянал лъазе бокьилаанилан. ЦIакъго дурусал баяназдалъун ва рагIаракьанде щун гъеб лъазабизе кIоларо. Щайгурелъул, басрияб, жиб хун араб капиталистазулаб ва помещиказулаб режималда  тIад щулалъараб пачаясул хIукуматалъ гъваридаб бецIлъиялда цIунун чIезабураб нилъер халкъалда, хасго националиял(contracted; show full)
Воеводасул аскар росолъе кIанцIана. Росдал халкълдасан къиссас босана. Щибаб азбаралда во росдал къватIахъ бидул ихал чвахизе гъаруна. <ref>[http://www.proza.ru/2010/01/14/517 Цо Алмахъ росдал историялъул х1акъалъулъ къокъаб баян] </ref>
 

==  Примечания  == 
<references/>  

[[Категория:Дагъистаналъул росаби]]