Revision 50791 of "Алмахъ" on avwiki'''Алмахъ''' Росдал гIадамазе цIакъ бокьула жидерго росдал цебесеб история лъазе. ГIолилаца гIемер нухалда цоцазда гЬоркъоб кIалъай гьабула нилъер умумузул цебесеб заманалъул хIакъалъулъ баянал лъазе бокьилаанилан. ЦIакъго дурусал баяназдалъун ва рагIаракьанде щун гъеб лъазабизе кIоларо. Щайгурелъул, басрияб, жиб хун араб капиталистазулаб ва помещиказулаб режималда тIад щулалъараб пачаясул хIукуматалъ гъваридаб бецIлъиялда цIунун чIезабураб нилъер халкъалда, хасго националиял букIназда гъеб ишалъул хIакъалъулъ хъван нахъе тезе бажари бугев чи вукIинчIелъул. Нилъер росабазул цебесеб гIумруялъул хIакъалда нилъеда лъазе кIолел жал руго умумуздасан цере рачIарал биценаздасан лъазе кIолел лъугъа – бахъинал. Дир гIумруялъго чIахIиял гIадамаздасан дида лъазе кIварал баянал Алмахъ росдал цебесеб дунялалъул хIакъалъулъ бицине бокьун буго дие. Гьеб росо буго цIакъго ричIадаб цебе заманалъул росо. Жеги баянал руго цебегосеб заманалда гъеб кIудияб шагъар букIанилан абулелги. «Алмахъ» абураб цIар гъелъул кидагособ тIоцебесеб цIар горо. Гъелдаса цебе гъелде букIараб цIар лъидаго лъазе кIоларо. Гъеб росаялде «Алмахъ» абун цIар абизе байбихъана гъанжеялдаса 585 – соналъ цебе \1395 сон - Г.Г.Р.\ , [[Монгол]]азул воевод [[Ахъсахъ–Темир]] гъеб росо бахъизе вачIаралдаса нахъе. ЦIикIарал росаби ва шагьаралги росулаго Ахъсахъ-Темир гъеб росдада тIаде щвана. Росдал бахIарчияб халкъалъ гьев росолъе виччачIо ва к1вараб куцалда яргъидалъун гъесде данде чIана. Чанго нухалда Воеводас росо бахъизе тIаде гьужумалъ ритIарал гъесул рагъухъаби бахIарчияб росдал халкъалъ гъурун, лъукъун, пасат гъарун нахъе лъутун унаан. ЧанцIолго рачIаразде Ахъсахъ–Темирица гъикъулаан: - «Алмахъ?» абун. Гьеб буго босичIиш абураб суал гьезул мацIалда. Рагъдаса тIад руссараз босичIин жаваб кьедал гьес абулаан «Алмахъ – оллар» абун. Гьелъул магIна буго гьезул мацIалда босизе кIолареб росо босизе кIвела ян абураб бичIин жиндир бугеб. Гьеле гьедин 1378 \1395-Г.Г.Р.\ абилеб соналдаса хадуб гъеб росдаде «Алмахъ» ян цIар абуна. Алмахъ росдал история тIобанго бухьараб буго мугIрузулаб Дагъистаналъул росабазул историягун. Гьел росаби гIадиланго Алмахъ росоги ккун буго къватIисел чабхъадулазул тIаде кIанцIяздасан жалго цIунизе санагIатаб бакIалда. Гьеб буго сверун ругел рорхатал кьурабаз жанибе бачараб, кIиябго рахъалдасан «Ахъташ» ва «АхъгIин» лъинал чвахула бугеб, северияб рахъги къурабазул ахалъи цоцазда жобалаго тIаде нух къотIараб гьоркъоблъиялъул борхалъулда. Доб заманаялъ гьеб цIакъго чIахIиял, гъалимал рохьаз бахчизе гьабураб жаниблъияллаги букIана. Гьеб букIана мискинаб халкъалъ жиндасан пайда босулеб «Чан» жаниб бечедго бугеб рохьил бечедаб ракъ. Ахъсахъ – Темирица гъеб росо босизе кIоларого халат заманалъ гъеб сверун ккуна. Рагъ гъабун гъеб босизе кIвечIеб мехалъ гьез хIилла ургъана. «Гъардохъанасул» сураталда цо хIила бугев жидерго рагъухъан росолъе витIана. Гьесда тIад къан букIана гъеб росо босизе кIвезе кинал ресал ругелали лъазабизе. «Гьардохъан росолъе ана. Садакъа гъарулаго рукъзабахъан рукъзабахъе хъвадана. Къассе мехаль гъав цо чIужу гIадан йигеб рокъов сордо базе гъарун гъелла ихтиярги къезабун гъенив чIана. Гъей чIужу – гIадангун гъабулеб хабаралдасан «гьардохъанасда» бич1ч1ана росдал гIдамацца жиндаса пайда босулеб лъел бетIербетIер букIин къилбаралъул рахъалда бугеб майданалъул къаданисан араб ричIалъиялда. Гъесие гъеб свединия гIуна. Нахъияб къоялъ гъев тIад вуссун ана. Ахъсахъ–Темурилаца гъеб лъел бетIер балагъана. Бухъун тIаде рехизабуна ва цогидаб рахъалде чвахизе тIамуна лъим. Росдада жаниб цогидаб лъин букIинч1о. «Ахъташ», «АхъгIин» абурал росдал кIиябго рахъалъул гъварилъудасан чвахулеб лъаразде унел цо-цо горого гъечIел нухал Ахъсахъ–Темурилаца ккуна. Гъеб мехалъ лъин гъечIого хутIараб росдал гIадамада халат хIехъезе кIвечIо. Гъедин гъел Ахъсахъ–Тимурилазде кверде ана. Воеводасул аскар росолъе кIанцIана. Росдал халкълдасан къиссас босана. Щибаб азбаралда во росдал къватIахъ бидул ихал чвахизе гъаруна. <ref>[http://www.proza.ru/2010/01/14/517 Цо Алмахъ росдал историялъул х1акъалъулъ къокъаб баян] </ref> == Примечания == <references/> [[Категория:Дагъистаналъул росаби]] All content in the above text box is licensed under the Creative Commons Attribution-ShareAlike license Version 4 and was originally sourced from https://av.wikipedia.org/w/index.php?oldid=50791.
![]() ![]() This site is not affiliated with or endorsed in any way by the Wikimedia Foundation or any of its affiliates. In fact, we fucking despise them.
|